Дагъистаниязулги турказулги маданиялгун адабиял бухьеназул буго
кӀудияб ва бечедаб тарих. Гьезул байбихьи уна хӀатта анцӀила
лъабабилеб гӀасруялде щвезегӀан. БатӀи-батӀияб къисмат букӀана гьезул:
цин загӀиплъун, цинги камиллъун, амма, сундухъго балагьичӀого, гьел
кидаго церетӀолел рукӀана. Жакъа гьел бухьенал рахана цӀияб
даражаялде, цӀилъана гьезул хӀасилги хасиятги ва гьениб кӀудияб,
аслияб бутӀа лъугьана ХӀамзатил Расулил адабияб хӀаракатчилъиялъ
МагӀарулал — Дагъистаналъул бищун кӀудияб миллат ккола. МагӀарулаз
гӀумру гьабулеб буго Дагъистаналъул ракьалъул кӀудияб
бутӀаялда. МугӀрузда, ва лъарагӀлъиялда (Шурагьиб (Буйнахъский),
Салахъала (Хасавюрт) ва гь. г. ц. районаздаги). Дагъистаналда гуребги
магӀарулаз гӀумру гьабулеб буго Чачаналъ, Гъалмугъалъ ва цогидал
россиялъул ракьаздаги, ва жеги Азарбижаналда (Билкан, Закатала ва
КъахӀиб районазда), Гуржиялъ (къварелал), ва Туркеялда. Закаталаялда
нижеца бана кӀиго анкьгӀанасеб заман. Нижеда дандчӀвана гӀемерал батӀи
- батӀиял гӀадамал. Ниж щвана гӀемерал магӀарул росабалъе - ЧӀарихъе,
Лъебелобаялде, КӀатӀехире, МецӀихире, Даначиялде, Къабахчеялде ва гь.ц.
ХӀоцоса Нажмудин — ялъуни Имам Нажмудин (гӀурус мацӀалда Нажмуд[д]ин
Гоцинский ; 1859 - 1925), политик, гӀалим ва инсан. Дагъистаналъул
тарихалда ХӀоцоса Нажмудинил хӀакъалъулъ гӀадин жинда тӀасан гӀемерал
гьерсал рицарав, чорокал бугьтанал лъурав чи тӀокӀав батӀияв ватизе
рес гьечӀо. Дагъистаналъулги Чачаналъулги имам ХӀоцоса Нажмудин кидаго
рикӀкӀунаан ва жеги рикӀкӀуневги вуго жиндирго ватӀаналда
хӀукуматалъулги халкъалъулги кӀудияв тушманлъун. Совет тарих
гӀелмуялда ХӀоцосев рикӀкӀунаан гьересияв имамлъун, хъачагъазул
цевехъанлъун, хӀарамаб бечелъиялъул бетIергьанлъун ва гь.ц.
Гьигьалъа бахӀарзал-Шамилил наибзаби — Гьаб макъала хъвазе пикру ккана
гьаб соналъул 7 январалда къватӀибе бачӀараб "ХӀакъикъат" газеталда
бахъараб "Гьигьалъа наибзаби" абураб макъала цӀалидал. Гьеб
макьалаялъул автор ккола диеги тарихалъул дарсал кьурал Гигьалъ
гьоркьосеб школалъул учитель Дибирасулаев МухӀамад. ЛъикӀаб xӀалтӀи
гьабулеб буго нилъер МухӀамадица нилъер цебесеб тарих наслабазда
кӀочонгутӀизелъун 1995 соналъул 16 декабралда бахъун букӀана
"РитӀухъльи бергьичӀo" абураб гьесулго макъала.
